Гаджилав Гаджилаев Юная красавица

Исполнитель: Гаджилав Гаджилаев Длительность: 05:25 Размер: 7.44 МБ Качество: 192 kbit/sec Формат: mp3
Ну как песня, понравилась? Поделись с друзьями!

Текст песни "Гаджилав Гаджилаев — Юная красавица"

Я дун херлъайгиян хералги руго, хиялазул чода чангитищ балеб
Гьанже мех щванилан щиналги руго, щулареб рек!еда гудралищ ралел

Жеги керен гьеч!ей г!ола жоялда, аск!у щун к!алъани к!ал гьакъилеб дай
К!алзуе чи щвеч!еб чанил бурт!иде, цо ишан гьабуни гьалаглъиладай
…жайраналде жаваб гьабуни, жан берцинаб микки кьуркьудиладай,
Кьурулъ микки ч!валеб итарк!оялда, унго цо квер хъвани квеш малъ баладай

Г!урда лъар-т!егь г!адин т!адеги яккун, т!ерхьун уней йиго инсул рокъое
Ц!орол къирун къват!ийги яккун, къалел руго курмул дие квешезе

Канлъуе моц! г!адин ц!вакун гьумергун, ц!ан бахъула чойт!о дун гьалаглъизе
Гьелъий диваналъе дун ургъулаго, Аллагь бечед вац!ад къват!ий яхъана
Г!арцул къадирзабаз къач!ан керенгун, канлъидулг!уч!г!адин эхетун ч!ана
Хъах!илаб зодица гьариги гьарун, гьудулалъе салам честь бит!ун кьуна

Рич!е нуц!а къоно къвал бай гарбида, гьедин г!одой т!амун т!уяларин мун
Гьаб бицунеб раг!и квеш бук!унарев, керен ракьда ч!ваяв, жаниве вач!а

Гьанжи дир черхалъул чара лъуг!анин, чуткица гьан г!адин басра гьаюге
Гьаризе дир жаваб жаниб хут!ич!ин, жавгьарул курмузда квер тамахго лъе
Т!аса рет!ел бахъун гьудул йихьидал, дир беразул канлъи кинабго ана
Керен чараб мокъокъ данде къалаго, къалеб жергъен кьабун кьурдана лугбал

Похожие песни

Еще песни Гаджилав Гаджилаев

0:00 0:00

Заголовок проигрывателя Подзаголовок проигрывателя

(режим воспроизведения)